Перейти к содержанию

Философия

Википедия — эркенаб энциклопедия сайталдасан материал

Философия — гӀаммал ва фундаменталал гьикъазул систематикияб цӀех-рех, жал рукӀин, гӀакълу, лъай, мацӀ гӀадал темабазда хъвалел. Эб ккола рационалабги критикиябги хадурчӀей, жиндирго методазда эргъолеб.

Философиялъул бищун кӀвар бугел бутӀабилъун руго эпистемология, этика, логика, метафизика. Эпистемологиялъ цӀех-рех гьабула щиб жо кколеб лъай ва кин гьеб щвезе бегьулебали. Этикалъ лъазарула моралиял принципалги ва битӀараб рагъари щиб кколебали. Логика буго ритӀарал ургъазул цӀех-рех гьабулеб рахъ, жинца рес кьолеб лъикӀал аргументал квешаздаса ратӀахъизе. Метафизикалъ цӀех-рех гьабула бищун гӀаммал куц-мухъал унголъул, рукӀиналъул, обйектазул, рижадул. Цогидал рахъаллъун ккола эстетика, мацӀалъул философия, историялъул философия, политикалъул философия цги. Щибалда жанирги руго философиялъул батӀи-батӀиял конкурентиял школаби. жидеца батӀи-батӀиял принципал, теорияби яги методал рилӀинарулел.

Философия абураб рагӀи бачӀараб буго некӀсияб грек φίλος (philos) 'рокьи' ва σοφία (sophia) 'гӀакълу' рагӀабаздаса.[1][a] Цо-цо иццазда абулеб буго гьеб термин ургъанилан пре-Сократияв философчи Питагорасица, хӀо гьеб жо битӀараб гьабун гьечӀо.[3]

  1. ^ НекӀсияб грек philosophos ('философчи') жибгоги батизе бегьула бачӀараблъун некӀоэгиптияб mer-rekh (mr-rḫ) терминалдаса, жиндир магӀна 'гӀакълу бокьулев' абун бугеб.[2]
  1. ^ Hoad 1993, гь. 350

  2. ^ Herbjørnsrud 2021, гь. 123

  3. ^ Bottin 1993, гь. 151

Инглисалда: